Меню
16+

Вестник ЧАРАДА

04.08.2020 09:54 Вторник
Категория:
Если Вы заметили ошибку в тексте, выделите необходимый фрагмент и нажмите Ctrl Enter. Заранее благодарны!

ХЬИНУБ РОСДАЛ БАЙРАМ

1 августалда Хьинуб росулъ т!обит!ана К!удияб Ват!анияб рагъда советияб халкъалъ бергьенлъи босаралдаса 75 сон т!убаялда хурхараб тадбир.( Тадбир цебего гьабизе рак!алда бук!ана,амма киназдаго лъалел г!иллабаздалъун нахъбахъун бук!ана).

Гьеб росулъ рагьана К!удияб Ват!анияб рагъде арал росуцоязул х!урматалда обелиск.

Кутакалда берцинго,киналго разияб х!алалда,ана гьеб тадбир.

Гьелъие квербакъана мажлис т!адег!анаб даражаялда бачарав, г!емерал соназ нилъер районалъул жавабиял хъулухъазда х!алт!арав,гьанже Гъизилюрт шагьаралъул бет!ерасул заместительлъун х!алт!улев вугев Султ!анах!мад Мух!амадовас.(Гьанибго абун тела, к!удияб баркала гьесие гьеб тадбир ахиралде щвезег!ан бац!ц!адаб маг!арул мац!алда бачаралъухъ,гьанже заманалда гьеб къанаг!алъи буго!).

Султ!анах!мадица бицаралда рекъон, гьеб тадбиралъе байбихьи лъурав чи вуго т!олабго республикаялдаго жив лъик! лъалев,г!емерал соназ Дагъистаналъул культураялъул министрлъун х!алт!арав Г!абдулат!ип Х!ажиев. «Гьесул жигаралдалъун эхетана гьаб обелиск,-ян бицана Султ!анах!мадица.-

Сахлъиялда бан,мажлисалде вач!ине рес ккеч!о Г!абдулат!ипие,амма жамаг!аталъе гьес урхъараб саламги баркиялъул хинаб каламги бит!ана.»

Тадбир нухда бачунес рак!алде щвезабуна росдал тарихги тарихалда лъалк! тарал росуцоязул ц!аралги.

..Кинавниги доб вах!щияб рагъда г!ахьаллъана Хьинуб росулъа 40 г!олохъанчи,гьезул 20-яв нахъвуссинч!о.Гьез жидерго бах!араб г!умру кьуна жакъасеб нилъер эркенаб г!умруялъе г!оло. Киналгоязе щун руго рагъул шапакъаталги. 2 «Баг!араб ц!ва» орден щвана Юсуп Х!ажиевасе. Гьесулго вацг!ал Ах!мад Г!умаров мустах!икълъана «За боевые заслуги» медалалъе ва моц! иналдего 3 даражаялъул «Слава» орденалъеги. Ах!мадида цадахъ рагъда вук!арав росуцояв Мух!амад Муртазаг!алиевас бицунеб бук!ун буго Ах!мад вихьизавун вук!анин Совет Союзалъул Бах!арчи абураб т!адег!анаб ц!аралъе,амма кьеч!ого хут!анинан.

Бицен буго,жиндир баракат нилъее щваяв,Хьинуса Г!алиасх!аб Ибрагьимов рагъда вугеб бак!алде тушманасул гулла щолеб бук!инч!ила, ва рагъухъаби гьесда аск!ор ч!олаанила.

К!оченч!о тадбир нухда бачунесда росдал руччабазда доб зах!матаб заманалда бихьараб г!акъубаялъулги къох!ехьеялъулги бицинеги.

«Зах!малъиги къварилъиги бихьун щвараб буго нилъее гьаб бергьенлъи. Жакъа нилъеца рагьулеб гьаб обелискалъул ц!акъ к!удияб к!вар буго тарих лъаялъулъги,гьеб ц!униялъулъги,г!ун бач!унеб г!ел бит!араб мисалалда куцаялъулъги.

Баркала буго гьаб тадбир иналъе квербакъаралщиназе. Мисал ч!ах!ияз бихьизабуниги,г!олохъабаз кутакалда жигар бахъана гьабулеб х!алт!улъ,-» ян абуна Султ!анах!мадица.

Хьинуб росдал жамаг!аталда тадбир баркун к!алъай гьабуна районалъул бет!ерасул заместитель Мух!амад Г!умаровас. Гьес гьединго республикаялъул рохьил маг!ишаталъул рахъалдаса Баркалаялъул кагъат ц!алана росдал г!олохъабазде бач!араб.

К!алъазе рахъана росулъго бищунго х!урматияб ригьалъул Шихах!мат! Мух!амадов,Дагъистаналъул мустах!икъав муг!алим Ризван Х!ажиев,живго г!умру гьабун Гъизилюрталда вугониги рак! муг!рузда бугев Г!умар Г!абдулаев,советалъул нухмалъулев Рамазан Рамазанов,Дагъистаналъул мустах!икъав муг!алим Гирай Г!умаров,РГВКялдаса Хатимат Мух!амадова ва гь.ц..

Росулъ къадру бугев Шихах!мат!ица гьабуна дуг!аги рагъда хваразеги,росдал жамаг!аталъеги ,т!олабго Дагъистаналъеги.

Х!алт!улъ жигараб г!ахьаллъи бихьизабуразе кьуна грамотабиги ва сайигъаталги.

Хадур рук!ана спортивиял х!аял.

Гьеб тадбир г!уц!улаго росдал жамаг!аталъ бихьизабуна,нилъер к!удияв шаг!ирас абухъего,жидерго цолъиги,гъункиги.

Сахлъи кьеги нужее,Хьинуб росдал жамаг!ат! Батаги нужер тадбир районалъул цогидал росабазе мисаллъун!

P.S. Гьебго къоялъ Хьинуб росулъ рагьана росдал г!олохъабаз кьуч!дасанго ц!игьабун къач!араб нек!сияб мажгитги,квешалъе-лъик!алъе жамаг!аталъе пайдаяб, киналго квег!енлъаби жанир ругеб,санаг!алъи бугеб рукъги.

Т!адег!анав Аллагьас азардаражаялде бахинабеги гьеб жамаг!аталъе пайдаяб,кири ц!ик!к!араб х!алт!улъ бут!а лъуравщинасул гьабураб г!ибадат!

Добавить комментарий

Добавлять комментарии могут только зарегистрированные и авторизованные пользователи. Комментарий появится после проверки администратором сайта.

49